
Цох1о дунго хут1ана хивалаз кверде йосун.
Сардил бец1лъукь ах1дана,сородулеб гьаракьалъ,
Ахиниб бул-бул х1инч1ги;Дир х1ал лъараб лъаларо.
припев:Г1умрудул рохел лъач1ей,г1азабаз сверун ккурай,
Сундуего къуркьич1ей,Дун йиго маг1арулай.
Х1асратаб бакъаналда ах1ана гьелъ дий сарин,
Сун араб дир рек1елъ ц1а,ц1илъун бач1инеб г1адин.
Г1одана дунгун цадахъ хъах1илаб зоб, гъугъадун,
Гъарим дир къисматилан,къварилъана нахъойги.
Дир х1асратай,дир лъимер,бакъул нур, моц1рол канлъи,
Кидалдай нилъ к1иялго нахъойги данделъила.
Дир берзул ч1ор,рек1ел т1егь,Т1егьалаго беч1араб,
Бадиб маг1у бакъвараб къо гьеч1о дий бач1унеб.


Присоединяйтесь — мы покажем вам много интересного
Присоединяйтесь к ОК, чтобы посмотреть больше фото, видео и найти новых друзей.
Комментарии 13